Автор: Дика Кара
Издательство: Издательские решения
Жанр: Книги для детей: прочее
isbn: 9785005637925
isbn:
ISBN 978-5-0056-3792-5
Создано в интеллектуальной издательской системе Ridero
Сверухълъиялдаго рук1к1ен рещт1ана.
Къад бук1араб баг1ари хисана марк1ач1ул гьогьомиялъ. Ч1агоябщинаб жоялъ угьун х1ухьел биччана.
Т1егь-херги г1алхул жанаваралги кьижизе къач1алел рук1ана. Кидаго бук1унеб х1ут1-хъумур сардил сапаралде къват1ибе бахъана.
Кьижилалде цебе, херав х1амагага жиндирго наслаби-х1амагагабигун, хабар-к1алалде жувана.
– Дир хириял г1исинал х1амагагаби, г1умруялда жаниб бищунго къиматаб жо ккола нилъецаго т1асабищи гьабизе рес щвей ва Гьорол бит1араб нух, – ян абулаан цересел хараби-х1амагагабаз.
Дицайин абуни, нужеда абулеб буго:
– Гьеб кинабго шарт1 буго. Бищунго къимат жо, – аск1об бижун бач1унеб эбелаб т1амах.
Г1исинал х1амагагаби х1икмалъун цоцахъ ралагьана.
– К1удада, эбелаб т1амах х1икматищ кколеб? – ян гьикъана гьит1инаб х1амагагаялъ.
– Замана щвегун нужеда кинабго бич1ч1изе буго, – ян рак1алде ккана к1удада-х1амагагада, амма раг1иледухъ х1амагагабаздехун вуссун абуна, -кват1араб мех буго, хехго кьижизе раха!
Кинго гьит1инаб х1амамагаялъул бот1ролъа нахъего унел рук1инч1о к1удадал раг1аби, ва гьелда кинго макьу щолеб бук1инч1о.
– К1удада, бицеха, бице сундул х1акъалъулъ дуца бицунеб бук1араб? Гьелъул маг1на щиб кколеб? Дуе гьеб дида бицаниги щиб? Бице дидаги гьеб г1акълу.
– Г1акълуйищ… яги г1антлъийищ… – ян, бералги рагьич1ого, жаваб гьабуна г1ажаибго к1удадаца.
– Бицинарищ? – ан т1аса бич1улеб бук1инч1о гьит1инаб х1амагага.
– Гьа, г1енеккеха гьанже, – ян гьак1к1адилаго, г1едег1ич1ого бицине байбихьана к1удадаца
Беричаб муг1рузул лабаллъиялда г1умру гьабун рук1ана х1амагагаял.
Гьел лъик1лъиялъул рак1ал ц1урал х1амагагаял гогьлъизарун рук1ана бац1ц1адаб гьаваялъги ва эбелаб Бакъул рокьуцаги.
Жеги апрелалдаго, т1оцебесеб г1азу биингунго, х1амагагаял, канлъуде данде рахъун, жидеего бокьухъе г1умру т1амулел рук1ана. Гьезухъ ралагьун х1айванал, х1анч1и ва аск1осан унел нухлулал паналъун рук1унаан. Гьел, дунялалъего жидерго гьимиялъул ч1оралги рикьулаго, ц1аруц1ахъдулел рук1ана Бакъухъе ва рак1-рак1алъ щибаб къоялдаса рохулел рук1ана.
Щибаб къоялъ, Бакъул т1оцересел ч1оралгун, гьуинго черхги бичча-бихъан тун, макьидаса ригьунел рук1ана, т1адеги гьункьун жидерго г1урччинал т1аргъал т1ад лъолаан х1амагагабаз. Бакъ т1ерхьунеб мехалъ, гьез кинабго бижулебщинаб, хъурщулебщинаб, бекерулебщинаб, билълъанхъулебщинаб ва боржунебщинаб жоялъе гьарулаан г1одобе биччараб сордоги гьуинаб макьуги.
Гьедин унел рук1ана къоял.
Конец ознакомительного фрагмента.
Текст предоставлен ООО «ЛитРес».
Прочитайте эту книгу целиком, купив полную легальную версию на ЛитРес.
Безопасно оплатить книгу можно банковской картой Visa, MasterCard, Maestro, со счета мобильного телефона, с платежного терминала, в салоне МТС или Связной, через PayPal, WebMoney, Яндекс.Деньги, QIWI Кошелек, бонусными картами или другим удобным Вам способом.